Гуру Песен Популярное
А Б В Г Д Е Ж З И К Л М Н О П Р С Т У Ф Х Ц Ч Ш Э Ю Я
# A B C D E F G H I J K L M N O P Q R S T U V W X Y Z

Гамзалав и Машидат - Пойдёмте в горы (Аварская) | Текст песни

Pesni.guru - сайт для Гуру

Рилъа ясал магIарде гIухьби рихьун русина
ГIидра тIогьолъ кьурлулел кьагIи каранде къазе
Вай кIваричIо магIарде гIухьби согIал рукIуна
Бер къинкIила квер къала рокъорго лъикI ясазе

Рилъа ясал магIарде вехьасул гIумро лъазе
Керчал буртаби кьела кьарияб гьан тIамила
Вай кIваричIо магIарде ретIинаро буртхьаби
Бер къинкIила квер къала рокъорго лъикI ясазе

Рилъа ясал магIарде цо сордо бан ритIила
Лъабхаялда кьижани макьу лъикIаб бихьула
Вай кIваричIо магIарде кьинжиларо ниж гьенир
Макьи лъикIаб щваниги щаклъула ниж ножода

Рилъа ясал магIарде чабхил иццалъ чвердезе
Чундулги нахъе ахIун рахIаталда рукIина
Вай кIваричIо магIарде чверделаро ниж иццахъ
Бер къинкIила квер къала рокъорго лъикI ясазе

Рилъинарищ магIарде кунге нижер кьари гьан
Вай рилъина магIарде рилъа цадахъ гIиялъе
Нужор гIумро босила гIухьбигун цадахъ чIела


Статистика страницы на pesni.guru ▼
Просмотров сегодня: 2
Видео
Нет видео
-